росдал зах1матчи газета последний номер
Росдал зах1матчи газета последний номер
Районалда т1адбан унеб буго бач1ин бак1ариялъул ва раг1и-хер х1адуриялъул х1алт1аби. Гьединго т1аде щолеб буго гъутабазде г1и гочинабулеб заманги. Гьеб киналъулго ц1ехон ниж дандч1вана райадминистрациялъул росдал маг1ишаталъул отделалъул специалисталгун. Гьезул раг1абазда рекъон, гъоркьисалаялде данде ккун исана к1иц1ул ц1ик1к1ун гьабун бук1ана хаслихъе рекьи, гьелъул х1асилалда к1иго нухалъ ц1ик1к1ана бач1инги. Гьедин районалъул киналго категориязул маг1ишатаз г1аммаб къаг1идаялъ хаслихъе рекьи гьабун бук1ун буго 1700 гектаралда. Г1аммаб бач1ин бахун буго 3100 тоннаялде. Аслияб къаг1идаялъ хаслихъе рекьи гьабун буго Хизроевасул Бекьеч1дерил, Ленинил, Энгельсил, «Баг1арав партизан», «Гьамишт1а», «Лъаг1илухъ», «Г1орут1а», «Мущули» ва «Гьац1алухъ» маг1ишатаз. Гьездасан бищун лъик1аб бач1ин буго бекьеч1дерил маг1ишаталъул, гьез бак1арун буго 350 т. Гьелдасан 130 т. бичизеги т1ок1лъун буго маг1ишаталъул, 70 т. буссинабун буго рекьулел хьоназде. Нилъерго районалъул маг1ишатазе дагьаб учузго бичизе бугиланги бицана. Бач1ин бак1арун бахъингун байбихьана 2020-21 соназда рекьи гьабиялъе хурзал регун, къач1ан х1адуризеги,. Гьабсаг1атги гьеб х1алт1и унеб буго. Киналго маг1ишатазда х1адурун ругила рекьизе хьонал, ГСМ ва цогидабги х1ажатаб техника. Гьединго х1адурун руго 6 комбайнги.
650 гектаралда районалъул маг1ишатаз бекьун буго пиринч1ги. Гьелъул бач1ин бак1арула октябрь моц1алда. Дагьаб цебег1ан гъутабазде гьабураб сапаралда кинабго пиринч1 бекьараб хурзабахъеги щванин ва лъик1 бижун бач1инеб бугилан бицана специалистаз.
Гьединго т1адбан унел руго хасалоялде хъач1аб раг1и-хер х1адур гьабиялъул х1алт1абиги. Жакъа къоялде районалъул киналго г1аммал маг1ишатаз х1адур гьабун буго 40000 т хъач1аб раг1и-хералъул ва 700 т соломадул. Гьелде т1адеги пиринч1 бак1аридал, гьелъул соломаги бук1унилан абуна. Гьеб рахъалъги бищун цере руго Бекьеч1дерил «Баг1арав партизан», Энгельсил, «Лъаг1илухъ» ва «Г1орут1а» маг1ишатал. Бекьеч1дерил СПКялъ г1иц1го бичулеб буго 300 т хъач1аб раг1и-хералъул. Районалъул росдал маг1ишаталъул заг1ипал рахъазда гьоркьоб рехсезе бегьула Силос х1адуриялъул суал. Гьеб гьезего гьеч1о нилъер. Силос х1адурулеб гьеч1олъиялдалъун дагьлъулеб буго г1ачиязул рахьдал рихьизариялги.
Кват1ич1ого, моц1идасан байбихьула г1и муг1руздаса г1ат1иракьазде гочинабиялъул тадбир. Гьелдеги х1адурлъи унеб буго. Гьабсаг1аталда киналго маг1ишатазда къач1алел руго г1ияца хасел т1амулел объектал ва гьенибе баччулеб буго х1адурараб раг1и-хер. Т1анусдерил «Машгьурал г1адамал» СПКялда бан лъуг1ана 1200 бет1ер г1иял жанир х1ебт1улеб ц1ияб бокь. Капиталияб ремонт унеб буго бекьеч1дерил гъутаналда бугеб МТФалда. Исана ракъдаллъиялъул х1асилалда мег1ер-г1алахазда г1ураб хер гьеч1олъиялъ цо-цо маг1ишатаз гьанжего байбихьун буго хухал гъутабазде гочинаризе.
Районалда буго тайпадулаб г1и г1езабулеб 13 маг1ишат. Гьел киназдаго ралел руго хьон биччаялъул пунктал. Тайпадулаб г1и г1езабулел маг1ишатазе пачалихъалъул рахъалдасан бук1уна лъик1аб кумек, щола субсидиял ва дотациял. Мисалалъе, щибаб тайпадулаб г1иялъажо рик1к1ун пачалихъалъ лъаг1алие кьола 1450 гъурущ. Г1аммаб къаг1идаялъ районалда буго 50000 бет1ер тайпадулаб г1иял. Гьединго районалъул тайпадулаб г1и г1езабулеб цо маг1ишат буго Калмыкиялдаги. Гьениб г1езабула эдильбаевская тайпадулаб г1и.
Цоги районалъул росдал маг1ишаталда дандч1валеб бугеб зах1малъи ккола санайил г1и-боц1ул къадар ц1ик1к1унеб бук1иналда бан, гьезие мег1ер-г1алах, гъутаби, ай муч1дул г1олел гьеч1олъи.
Исана г1иги гъутабазде гочун бахъараб, цогидал х1алт1абиги лъуг1араб мехалда т1ибит1изе буго росдал маг1ишаталъул х1алт1ухъанасул къо. Гьениб х1асилал гьаризе руго киналго маг1ишатазул х1алт1ул ва лъик1ал х1асилал ккаразе райадминистрациялъул рахъалдасан рихьизарун руго премиял, сайгъатал ва цогидалги шапакъатал. Районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевасул т1адкъаялда рекъон гьабсаг1аталда росдал маг1ишаталъул отделалъ халгьабулеб буго киналго маг1ишатазул х1алт1ухъ, т1адехун рехсараб къоялде гьезул ккарал х1асилал данде росизе рук1ине.
Гьединго исана киналго маг1ишатаз гъутабаздаги маг1арухъги т1орит1изе руго жидер бугеб ах1вал-х1алалъулги ккарал х1асилазулги бицине бугел х1исаб кьеялъулал данделъаби. Нужерго росдал СПКялъул х1алт1удаса рази ратич1они, ялъуни цогидаб бич1ч1улареб, лъалареб жо ц1ехезе ине бегьула районалъул росдал маг1ишаталъул отделалде.
Росдал зах1матчи газета последний номер
21 Августа 2020г. №39 (10222)
14 Август 2020г.№38(10221)
06 Август 2020г.№36-37(10219-10220)
17 Июль 2020г.№33-34(10215-10216)
24 Июль 2020г.№35(10217)
Автор.Мух1амад Г1алиев.Август 2012г.
Аби буго, унтарасда г1адин сахлъиялъул къимат лъаларилан. Г1умруялъул х1албихьиялда т1ад рижарал ч1орг1анги рит1арал раг1аби руго гьел. Анц1ила анкьго соналъ цебе хъулухъалъулаб ишалъ унаго автоавариядде ккун сакъатлъана дун. Гьелщинал соназ вуго инвалидазул коляскаялда. Гьеб унтул х1асилалдаги, г1аммаб куцалда черх заг1иплъиялъги ккана г1емерал больницабазде, рихьана чанги тохтурзаби. Рук1ана унтаразе шарт1ал ругелги, гьеч1елги больницабиги, дандч1вана жидер налъи бич1ч1улелги, гьеб т1аса-масаго т1убалелги тохтурзабиги. Гьезул бицинарин.
Автор.Пат1имат Гунашева.Август 2012г.
Районалъул культурияб г1умруялъулъ бихьулеб бут1а лъола искусствалъул школалъул ва филиалазул преподователазгун г1исинал гьунарчаг1аз. Гьез кидаго бугониги жигараб г1ахьаллъи гьабула район тун къват1ибехун т1орит1улел бат1и-бат1иял къецазда. Исана искусствалъул школалъ, т1обит1ана 50 сонилаб юбилейги. Араб ц1алул соналда жидецаго гьабураб х1алт1ул х1акъкалъулъ нижее бицана искусствалъул школалъул директор Мух1амадов Мух1амад Жабраг1иловичас.
Автор.Написат Г1алиева. Август 2012г.
Баянаб бук1ахъе, дагьал церег1ан къоязда Мах1ачхъалаялда бугеб «Экспресс» банкалъул филиал х1исабалда Г1арани росулъ рагьана т1адеги ц1ияб офис. Гьелъул х1алт1ул х1акъалъулъ баянал кьеян нижеца гьарана офисалъул нухмалъулев Х1усенов Шамил Х1усеновичасда. Гъоркьехун бахъулеб буго нижедаги гьесдаги гьоркьоб ккараб гара-ч1вари.
Автор.Г1иса Г1исаев.Август 2012г.
Районалда гуребги республикаялдаго музыкалияб культура цебет1езабиялда бихьулеб бак1 ккуна Загьидат Г1арабовалъ. Хунзахъги, Мах1ачхъалаялдаги, Буйнакскиялдаги, республикаялъул цогидал росабалъги залал кьабг1ун ц1урал г1адамаз рахъун ч1ун хъат кьабг1ана Загьидатие.
Гьелъие хъатч1варазда гьоркьор рук1ана дунялалдаго машгьуралги. Г1емерисел машгьурал коч1охъабазго г1адин Загьидатицаги коч1ол дунялалде т1оцебесеб гали школалдаго т1амуна.
Хадуб, районазда гьоркьосеб ясазул школалда Г1араний ц1алулагоги Загьидат йик1ана художественнияб х1аракатчилъиялъул хиси гьеч1ей г1ахьалч1ужулъун ва бергьенлъиялда цее яхъунаан. Загьидатил х1еренаб, роц1ц1араб, рек1елъе бортулеб гьаркьицаги, маг1арул ч1ужуг1аданалда рекъарал коч1ол раг1абазги, раг1абазде данде кколел бакъназги кьабг1ун залал ц1урал г1адамал рак1арулаан.
Автор.«Новое дело» газеталдасан буссинабуна ПАТIИМАТ ГУНАШЕВАЛЪ.
Дагьаб цебег1ан Хунзахъ районалдасан раг1изе лъугьана лъик1ал гьеч1ел харбал: цо анкьалда жаниб 4 чи ва 13 июлалда лъимер гьабурай г1адан хвеялъул. Г1айиб гьабулеб бук1ана тохтурзабазде гуребги, «мекъаб» кадровияб политика гьабурав бет1ер Х1. Дарбишевасдеги. Районалда ккарал лъугьа-бахъиназдасан Х1. Дарбишевас жиндирго пикраби загьир гьарулел руго «Новое дело» газеталъул мухбир А. Ах1маднабиевасе.
50 сон т1убана Россиялъул хъвадарухъабазул ва журналистазул союзазул член, ДРялъул культураялъул мустах1икъав х1алт1ухъан Патах1ов Мух1амад гьавуралдасаги.
Автор.Ф.Г1алиева.Июль 2012г.
Нилъ умумуздасан суратги бахъун,
Си борхизабизе рижарал гуро,
Гьез ирсалъе тараб сахабщиналде,
Сахлъи т1аде жубай т1ад лъурал руго.
Автор. Г1абасил Мах1амад.Июль 2012г.
Йохъ, дун поэт гуро, поэт вук1ине
Рак1алде гьесарав гьалмагъцин гуро…
Шаг1ирзаби рук1ана, руго ва рук1ине руго Хунзахъ шагьаралда.
Автор.П.Гунашева.Июль 2012г.
Автор.Пат1имат Гунашева.Июль 2012г.
ХХ г1асруялъул байбихьуда Россиялда пачаги т1аса рехун, революцияги бергьун, улкаялъул бет1ерлъуде рач1ана большевикал. Гьелго хиса-басиял лъугьана Дагъистаналдаги. Гьеб заманаялъ загьирлъана большевизмалъул идеяби жидер г1умрудул аслулъун гьабурал, кинаб бугониги х1инкъи-къай лъаларел, бер къач1ого бокьараб иш т1убазе х1адурал граждан рагъул церехъаби. Гьезда гьоркьор рук1ана Хунзахъ росулъа Муслим Атаевги, Мух1амадмирза Хизроевги. Жакъа нижее бицине бокьун буго М. Хизроевасул г1умруялъулъ ккарал, районалъеги республикаялъеги к1вар бугел, тарихалда лъак1 тарал цо-цо лъугьа-бахъиназул х1акъалъулъ.
Автор. Т1алх1ат Ахъбердиев.Июль 2012г.
2012 соналъул 1 июлалда гьаюралдаса 90 сон т1убала, Гъизилюрт шагьаралда г1умру гьабун йигей рагъул ва зах1маталъул ветеран Х1усейнова Написат Х1усейновнаялъ. Гьей гьаюн йиго Ц1унт1а районалъул Кидеро росулъ милиционер Мах1адаев Х1усенил хъизамалда, 1922 соналъул 1 июлалда.
Росдал зах1матчи газета последний номер
21 Августа 2020г. №39 (10222)
14 Август 2020г.№38(10221)
06 Август 2020г.№36-37(10219-10220)
17 Июль 2020г.№33-34(10215-10216)
24 Июль 2020г.№35(10217)
Флагман районной журналистики
По окончании коллективизации во всех населенных пунктах района, газете дали название «Маг I арул колхозчи» («Колхозник гор»). С 1962 года и по сей день она выходит под названием «Росдал зах I матчи» («Сельский труженик»).
Листая сохранившиеся в архиве редакции пожелтевшие страницы газеты 1931-40гг. на латинице, представляется картина культурной революции в нагорном Дагестане: на страницах газеты корреспонденты пишут о ликвидации безграмотности среди населения, об открытии изб-читален, клубов, пропагандируют организационную работу партийных и комсомольских организаций.
Теперь перед газетчиками стояла наиважнейшая задача по восстановлению разрушенного войной народного хозяйства, на полосах газеты широкое освещение получили статьи о социалистических соревнованиях, очерки о тружениках-передовиках, таких как шахтеры-стахановцы, бескомпромиссной критике подвергались малоответственные руководители, независимо от занимаемой ими должности.
В разные годы, во времена застоя и расцвета, в тягостные и триумфальные дни газеты редакторами в ней проработали: Абакаров (с. Чох), народный поэт Дагестана Заид Гаджиев (Хунзах), Гамид Темирханов (Хини), Магомедмирза Мирзоев (Голотль), Казиев (Гуниб), Пакалов (Чох), Омар Гитинов (Батлаич), Магомед Ибрагимов (Хунзах), Магомед Батиров (Хунзах), Гаирбег Арбулиев (Хунзах), Магомед Майндуров (Хунзах), Муртаза Локалов (Хунзах), Далгатухайр Гаджиев (Хунзах), Магомед Мирзоев ( Тлянуб ), Магомед Гайдалов (Гоцатль), Камалудин Абдуразаков (Уздалросо), Шамил Мухидинов (Батлаич), Магомедгаджи Юсупов (Обода), Магомед Патахов и Сундус Гаджиева (Сиух). Профессионалами своего дела и самыми читаемыми и любимыми авторами на протяжении многих лет являлись: Н. Абдурахманов (фельетонист), М. Пазлудинов (поэт), М. Джамалудинов, Г. Магомедов, М-Р. Гимбатов и др. Вот о ком действительно можно было бы сказать, что они « акулы пера».
К великому счастью, на сегодняшний день в редакции достойными продолжателями их дела работают те, кому близка и дорога журналистика: это опытнейшие журналисты, заслуженные работники культуры РД Расул Гамзатов (также является членом Союза журналистов России), Н.Алиева, молодой, подающий надежды корреспондент П. Гунашева, корректор У. Курамагомедова, регулярно работающая над самообразованием и усвоением новых программ наборщица-верстальщица газеты Хатимат Шамсудинова. С удовольствием читаются статьи с критическим уклоном неустанного ветерана районной журналистики Исы Исаева из селения Буцра.
Росдал зах1матчи газета последний номер
21 Августа 2020г. №39 (10222)
14 Август 2020г.№38(10221)
06 Август 2020г.№36-37(10219-10220)
17 Июль 2020г.№33-34(10215-10216)
24 Июль 2020г.№35(10217)
Автор.И.Мух1амадов. Августь 2020 сон.
Районалда т1адбан унеб буго бач1ин бак1ариялъул ва раг1и-хер х1адуриялъул х1алт1аби. Гьединго т1аде щолеб буго гъутабазде г1и гочинабулеб заманги. Гьеб киналъулго ц1ехон ниж дандч1вана райадминистрациялъул росдал маг1ишаталъул отделалъул специалисталгун. Гьезул раг1абазда рекъон, гъоркьисалаялде данде ккун исана к1иц1ул ц1ик1к1ун гьабун бук1ана хаслихъе рекьи, гьелъул х1асилалда к1иго нухалъ ц1ик1к1ана бач1инги. Гьедин районалъул киналго категориязул маг1ишатаз г1аммаб къаг1идаялъ хаслихъе рекьи гьабун бук1ун буго 1700 гектаралда.
Автор.И.Мух1амадов.Август 2020 сон.
6 августалда т1олабго Дагъистаналдаго к1одо гьабуна республикаялъул т1оцевесев президент, философиял г1елмабазул доктор, жамг1ияв ва политикияв х1аракатчи, нилъер ракьцояв Мух1у Г1алиевасул 80 сонилаб юбилей.
Гара-чӀвари гьабуна республикаялъул литературиял журналазул бетӀерав редактор Мурад AXIMAДОВАС.
-МухӀу Гьиматович, дуе pec щвана тӀубанго батӀи-батӀиял заманабазда кӀиго нухалда республикаялъе нухмалъи гьабизе. Мун вукӀана СССРалда гьоркьоб Дагъистан бугеб мехалда партиялъул обкомалъул тӀоцевесев секретарлъунги, Россиялъул Федерациялда гъорлъе унеб нилъер республикаялъул тӀоцевесев президентлъунги. Гьеб кӀиялдаго гьоркьоб ана 15 соналъул тарих. Кинаб къимат дуца кьолеб жибго гьеб цоцаздаса тӀубанго батӀи-батӀияб заманаялъеги, гьел заманабазул нухмалъиялъул хаслъабазеги? Щиб нилъее щвараб ва щиб нилъехъа билараб? Кинал захӀмалъаби дандчӀварал дудаги республикаялдаги гьел соназда? Аслияб къагӀидаялъ гьабизе щиб кӀвараб ва щиб хутӀараб гӀумруялде бахъинабизе бажаричӀого?
Гара-чӀвари гьабуна республикаялъул литературиял журналазул бетӀерав редактор Мурад AXIMA ДОВАС.( продолжение )
-МухӀу Гьиматович, дуе pec щвана тӀубанго батӀи-батӀиял заманабазда кӀиго нухалда республикаялъе нухмалъи гьабизе. Мун вукӀана СССРалда гьоркьоб Дагъистан бугеб мехалда партиялъул обкомалъул тӀоцевесев секретарлъунги, Россиялъул Федерациялда гъорлъе унеб нилъер республикаялъул тӀоцевесев президентлъунги. Гьеб кӀиялда го гьоркьоб ана 15 соналъул тарих. Кинаб къимат дуца кьолеб жибго гьеб цоцаздаса тӀубанго батӀи-батӀияб заманаялъеги, гьел заманабазул нухмалъиялъул хаслъабазеги? Щиб нилъее щвараб ва щиб нилъехъа билараб? Кинал захӀмалъаби дандчӀварал дудаги республикаялдаги гьел соназда? Аслияб къагӀидаялъ гьабизе щиб кӀвараб ва щиб хутӀараб гӀумруялде бахъинабизе бажаричӀого?
Х1урматияв Мух1у Гьиматович! Дирго ва т1олалго районцоязул рахъалдасан баркула дуда г1умрудул 80 сонилаб гьайбатаб юбилей. Дур гьеб 80 соналъ жанире рачана г1умрудул бат1и-бат1иял рахъал. Т1олалго дагъистаниязда мун лъала гьунар бугев, махщел камилав г1уц1арухъан ва жавабияв, т1алабчилъи ц1ик1к1арав нухмалъулев х1исабалда. Г1агараб ракьалде бугеб рокьиялдалъунги, дурго гъваридаб лъаялдалъунги, камилаб г1акълуялдалъунги, свак лъач1еб зах1маталдалъунги, х1ур хъвазе теч1ого, ясберг1адин бац1ц1адго ц1унараб намусалдалъунги вахана мун жамг1ияб г1умрудул борхалъуде. Амма киг1ан к1удиял борхалъабазде ваханиги г1адамазда гьоркьов мун хут1ана Хуриса Г1алил довго г1адатияв васлъун. Мун ккола г1адатияв, амма г1адатав гурев инсан. Дур г1умрудул аслияб борчлъун бук1ана г1адатияб халкъалъе рак1бац1ц1адго хъулухъ гьаби. Гьебги дуца т1адег1анаб даражаялда т1убазабуна.
Хъизан-агьлугун, г1ага-божаралгун ва гьудул гьалмагълъигун цадахъ талих1аб г1умруялда, сах-саламатго жеги г1емерал сонал гьарула дуе.
Хунзахъ район МРалъул бет1ер Нурмух1амад Задиев
Хунзахъ район буго тарихги бечедаб, тарихалда лъалк1 тарал умумулги г1емераб, гьезул ирс босарал васазги ясазги жакъасеб къоги берцин гьабураб ракь. Бокьараб росу босаниги, республикаялдаг1аги раг1арав чи камураб бак1 цониги гьеч1о. Рихьулел лъалк1ал тана нилъер ракьцояз г1умруялъул киналго бут1абазда: политикаялдаги экономикаялдаги, г1елмуялдаги, адабияталдаги, маданияталдаги, жамг1иял ишазулъги.
Автор.Н.Г1алиева.Июль 2020 сон.
2 июлалда районалъул администрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана «Хунзахъ район» муниципалияб г1уц1иялъул депутатазул Собраниялъул 37 сессия.Гьелда гьоркьор лъун рук1ана 2020 сооналда районалъул бюджеталда гьаризе ругел хиса-басиял ва т1адежураял. К1алъазе яхъарай районалъул финансазул отделалъул начальникасул заместитель Г1алисултанова Заремаца баян гьаруна улкаялъул Президент В. В. Путинил бихьизабиялда рекъон классалъе нухмалъи гьабулев щивав педагогикияв х1алт1ухъанасе харжида т1адеги кьезе кколеб 5 азарго гъурущ ва «100 школа» проект г1умруялде бахъинабиялъул мурадалда гьарулел рук1ин бюджеталда хиса-басиял. Бихьизабуна гьелъие х1ажатаб г1арцул роценги.
Автор.И.Мух1амадов.Июнь 2020 сон.
18 июналда райцентралда Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб культураялъул к1алг1аялда к1одо гьаруна районалъул исанасел медалистал. Исана короновирусалъул пандемиялда хурхун ц1алул соналъул к1иабилеб бащалъиялда г1езег1ан зах1малъаби дандч1ваниги районалда меседил медалалъе мустах1икълъана 16 выпускник.
Хунзахъ районалъул ТӀануси росдал Бабаюрталъулаб зонаялда бугеб «Машгьурал гӀадамал» СПК ккола республикаялъул церетӀурал магӀишатазул цояб. Пачалихъалъул гӀемерал шапакъатазда, хӀурматиял гӀаламатазда гьоркьор руго 2015 ва 2018 соназда ВДНХялда СПКялъе щварал меседил медалалги. Гьелъул ракьалъул гӀатӀилъи ккола 5200 гектар (кӀиазарго гектар Кочубей зонаялда), буго 170 бетӀер чӀегӀербоцӀул, 6600 бетӀер гӀи-цӀцӀаназул, хӀалтӀуе гӀураб къадар техникаялъул. Гьал къоязда гьенире щварал ниж дандчӀвана 10-гӀанасеб соналъ магӀишаталъе нухмалъи гьабулев вугев Зиявудин МухӀамадовгун ва нижер ккана гьадинаб гара-чӀвари.
Автор.ЛАБАЗАНОВ МУХIАМАД, ГIорутIа росу.Июнь 2020 сон.
ККурал к1алалги гьабураб г1ибадатги къабул гьареги!
Х1урматиял районцоял-диналъул вацалги яцалги!
Рак1-рак1алъ баркула нужеда бусурбабазул динияб ва рух1ияб г1умруялъул т1ей гьеч1еб бут1алъун кколеб, нилъер щивас жиб лъик1ал ишаздалъун, гурх1ел-рах1муялдалъун, рух1ияб камиллъиялдалъун ва къадру т1адег1анлъиялдалъун к1одо гьабизе х1аракат бахъараб Рамазан моц1алъул ахирлъун кколеб К1албиччаялъул г1ид!
Биччанте гьаб къадруяб моц1алъул гурх1ел-рах1му нилъер щибаб къойилаб г1умру цадахъаблъун бук1ине. Щибаб рокъобе, щибаб хъизамалде рохелги, рекъелги, хинлъиги босун бач1араблъун батаги нилъее гьаб баракатаб байрам. Ккурал к1алалги гьабураб г1ибадатги Аллагьас къабул гьабун, нужее Алжаналъе рагьараб кавулъун лъугьаги, х1урматиял ракьцоял!
Райадминистрациялъул бетIер Н. Задиев.
Райсобрание.
Районалъул имам
Жакъа нилъеца кIодо гьабулеб буго КIудияб ВатIанияб рагъда фашистазулаб Германиялда тIад бергьенлъи босаралдаса 75 сон тIубаялъул кIудияб байрам. 1945 соналъул 9 май-гьеб ккола тIолабго халкъ чIухIараб, гIасияб,гурхIел-рахIму гьечIеб, 1418 сордо-къоялъ халатбахъараб рагъ лъугIараб къо. ТIолабго Россиялъул халкъазда ва гьелъул бахIарчиял яргъилал къуватазда цадахъго гьеб къо кIодо гьабулеб буго СССРалде гъорлъе унел рукIарал тIолалго улкабазул халкъаз,гьединго фашистаздаса нилъер Армиялъ эркен гьарурал Европаялъул халкъазги.Заман унилан кIочонаро КIудияб ВатIанияб рагъги нилъер халкъалъ бихьизабураб бахIарчилъиги. Цебехун киданиги букIинчIебгIадаб къвакIиялъул, тIадегIанаб рухIияб къиматалъул, халкъазул цолъиялъул ва гъункиялъул гIаламат хIисабалда гьеб абадиялъего хъван буго нилъер ВатIаналъул бахIарчияб тарихалда.
Нилъеца бетIер къулула рагъул авлахъаздаго хутIарал,гьениса тIадруссун хадур гIумруялдаса ратIалъарал рагъухъабазе, тылалда хIалтIаразе. Гьез хIехьараб гIакъуба-къварилъиялъул бицун хIал кIвеларо. Жакъа нилъеда тIадаб буго рагъул кьогIлъиялъул, гьелъ нилъер халкъалде босун бачIарабщинаб балагь-къварилъиялъул хIакъалъулъ ва кин бергьенлъи щварабали гIолеб гIелалда бицине, гьел куцазе ккола ВатIан бокьиялъул рухIалда, нилъер умумузул бахIарчияб тарих лъалеллъун. Нилъер г1аммаб пашманлъиялъе, Исана т1оцебесеб нухалъ Хунзахъ районалъ байрамалда дандч1вац гьабулеб буго цониги рагъул г1ахьалчиги гьеч1ого. Амма гьезул гьунаралъе нилъер бут1рул абадиялъ къуларал руго! ХIурматиял районцоял,тылалда хIалтIун бергьенлъи гIагар гьабурал, Дагъистаналда ва къватlир гIумру гьабулел киналго гIадамал, ракI-ракIалъ баркула щивасе хирияб байрам-Бергьенлъиялъул къо. Гьарула щивасе халатаб ва талихIаб гIумру, даимаб рохел, гьабулеб ишалъулъ битIккей,сундулъго икъбал, щулияб сахлъи, хIалтIулъ бергьенлъаби,хъизан-рукъалъулаб талихI. Я Аллагь,бихьугеги кидаго рагъул кьогIлъи ва вахIшилъи. Амин
«Хунзахъ МР» районалъул бетIер Н. ЗАДИЕВ.
Райсобрание.
Рагъул ва захIматалъул ветераназул совет.
1917 соналъ революция ккун хадуб г1уц1ун бук1ана Россиялъул милиция. Лъабго соналдасан, 1920 соналъул 28 апрелалда милиция г1уц1ана Дагъистаналдаги.Революция ккун т1оцересел соназда Россиялдаго г1адин, Дагъистаналдаги т1ибит1ана такъсирчилъи: шагьараздаги росабалъги г1адамазул рах1ат хвезабулеб бук1ана гьениб т1акъсириял ишал, вах1шиял ч1вай-хъвеял гьарулел къукъаби ц1ик1к1унел рук1ун.Гьединаб зах1матаб х1алалде ккараб Дагъистаналда бищун цебе ч1араблъун лъугьана хъачагълъиялде, ц1огьалде, ай т1олабго такъсирчилъиялде данде рагъ гьаби. Гьел масъалаби т1урай мурадалда 1920 соналъ г1уц1арабги бук1ана Дагъистаналъул милиция.
Автор.Ф.Мух1амадова.Апрель 2020 сон.
Хатима Г1алиевна Г1умарова дида цеегоялдаса лъалаан. ДГПУялда преподавательлъун х1алт1улагоги, жамг1ияб г1умруялдаги иш бажарарай, цеехъаналъул хасиятал жиндилъ ругей г1адан йик1ана гьей. 20 соналъ цее г1умру гьабизе улкаялъул тахшагьаралде яхъиндалги, Хунзахъ районалъул Байикь росулъа маг1арулай кверал т1ат1ала лъун ч1еч1о! Хатимал буго жийго бет1ергьанаб чаялъул компания, гьей ккола Дагъистаналъул гендернияб политикаялъул централъул нухмалъулейги.
Автор.И.Мух1амадов.март 2020 сон.
Жакъа къоялда т1олабго дунялалда аслияб темалъун лъугьун буго коронавирус. Газеталъул иргадулаб номер къват1ибе унеб 27 марталъул бакъанил г1ужалдехун ругел ахирисел баяназда рекъон дунялалда коронавирусалъ унтун вуго бащдаб миллионалдасаги ц1ик1к1ун чи, гьездасан вирусалъул хвалил квач1икьа рорч1изе к1ун гьеч1о 25000 г1ан чиясда. Россиялда унтаразул къадар азаридаса т1аде ун буго. Дагъистаналда COVID – 2019 бук1ин тасдикъ гьабун буго цо чиясул. Республикаялъул бет1ерасул указалдалъун регионалда лъазабун буго ц1ик1к1араб х1адурлъиялъул режим. Районалда жеги вирусалъ унтарал загьирлъун гьеч1ониги т1адбан унеб буго унтуе дандеч1езе х1адурлъи. Г1уц1ун буго оперативияб штаб, нахърахъун руго т1орит1изе рук1арал киналго маданияталъул, спортивиял ва цогидалги тадбирал ва г1емерал г1адамал рак1арулел дандеруссинал. Киналго тадбирал руссинарун руго коронавирусалде данде къеркьеялде.